Гамзатов, Стихотворение “Родной язык“ с турецкими субтитрами / Hamzatov “Ana Dilim“ (Maria Ünal)

Расул Гамзатов, Стихотворение “Родной язык“ с турецкими субтитрами / Hamzatov “Ana Dilim“ şiiri Читает: Мария Юнал / Seslendirme: Maria Ünal Перевод на турецкий язык: Мария Юнал / Türkçe’ye çeviri (altyazı) Maria Ünal Стихотворение в оригинале (на аварском языке): Расул Гамзатов - Авар мацI Ноль макьилъ вихьана, кьалда лъукъ-лъукъун, Кьурда квер чIван унев, бида вецIцIун дун; Кьуруги батIалъун цеве унаго Цо лъарал рагIалда гIодов кколев дун. Лъар чваххулеб буго чабхил кIкIалахъан Лъин кIанцIулеб буго ганчIазда тIасан; ТIарамагъадисеб къвал балеб буго, Къо лъикIилан дица согIаб ракьалда. Дида лъалеб гьечIо лъил ракь гьабали, РагIуларо цо сас сверухълъиялда. ГIицIго борхалъуда цIумал ахIдола, ГIицIго ахалъуда чундул угьдула. Гьедин холев вуго, хадур гIодизе Я гIагарлъи гуро, я гьудул гуро. Берал къанщулелъул тIаде къулизе Я йокьулей гьечIо, я чIужу гьечIо. Гьале, гьеб мехалда, борхалъудасан Нухлулазул гьаракь рагIана дида. Гьез бицунеб буго ах, хур, хералъул, Исана букIинеб магIишаталъул. Кьерхен-роцIцIеналъул, боцIи-панзалъул, Пуланав ХIасанил сихIирлъиялъул… Гьел кIалъалел руго нилъер гIадатаб, ГIагараб, бацIцIадаб магIарул мацIалъ. Дир магIу бачIана бадиса къватIиб, Къана данде цаби, вахъана тIаде. Аваразул калам, гьелъул камиллъи! Кинабго черхалда лъикIлъана ругънал. Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш, Амма дица дирго рахъалъ абила: Метер магIарул мацI хвезе батани, Хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун. Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан, Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа? Щай, дир магIаруллъи, магIарул чагIаз Чияр мацI бицунеб жидерго гъасда? Щай дие гьал мугIрул, гIурул рагIалда ГIагараб магIарул кечI рагIичIони? Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз Кьурул рагIалда чIун, гьеб ахIулеб куц! Дун кIудияб пикру гьитIин гьабизе ГьитIинаб рукIнисан кIалъалев гуро, Ва пачалихъазул Ассамблеялда Авар мацIалъе бакI гьарулев гуро. Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал Мактабазда гьеб мацI малъизе ккела. Гьеб рекъараб буго нилъер халкъалда Черхалда борчараб рачел киниги. Гьеб мацIалъ панаяб кечI ахIулаго, Киниги гьулакги кIикIана нилъер. Гьаб мацIалъ рукъоса унеб мехалда Нух битIагийилан абуна улбуз. Гьанже нухалги тун рукъоре щвейгун, Щиб, цоги мацIалъиш нилъ гаргадилел? Дун магIарулазе, гьедин батани, Бищун ахирияв поэтиш кколев? МахIмудил пасихIлъи, гьасул хIасралъи, Бидулъ къаламги ччун гьарурал кучIдул, Гьел, нилъер магIарул мацIалъ кинигин, Киданиги дида ричIчIизе гьечIо. Бокьула, МухIамад, дие гьаб дунял, Дунялалда бищун гьаб нилъер улка! Дица кIвараб куцалъ кинабго рахъалъ КучIдулъ гьеб ахIана, жеги ахIила. Ва амма батIаго цоги рокьиялъ Бокьула гIураб ракь, магIарул тIалъи. Лъаларо кивехун дун хвелевали, Амма хоб бокьила гьаниб букIине. Щиб лъалеб, хабада цересан унел Цо-цо нухлулаца дир хIисаб гьабун, Гьав нилъер Хмамзатил Расул вугилан, ХIасратаб магIарул мацIалъ абилеб.
Back to Top