ГЪУНИБ ГАЗЕТАЛЪУЛ ТАРИХ

ДУН ЧIУХIУЛА ТАРИХАЛДАСА КIудияб асар гьабуна дие гIагараб Гъуниб районалъул газеталъ 100 сон тIубаялда бан, бачIараб редактор МухIамад Къебедовасул ругьелалъ. КIудияб баркала. Бокьун буго гьеб кIудияб лъугьа-бахъиналда тIасан дирго роххел загьир гьабизе. Дир мунагьал чураяв эмен Эльдаров Камил абун вукIана гIагараб Кудалиб, Гъуниб мухъалда гуревги, тIолалго мугIрузул районазда халкъияб лъай кьеялъул хIалтIи гIуцIиялъул рахъалъ рагIарав хIаракатчи. Инсул лъикIаб бухьен букIана гьаб бицен гьабулеб казияталъулгунги. Гьелда гьесул рукIунаан жинцаго гьарурал кучIдул ва Гъуниб округалда халкъияб лъай кьей цебетIезабиялъул бицунел макъалаби. Районалъул казияталъ бицана гIелмиялгун лъай кьеялъул масъалабазул, маданияталъулгун адабияталъул, гьай-гьай, районалъул аслияб бутIалъун кколеб росдал магIишаталъул, цогидалги лъугьа-бахъиназул. Хасго газеталъ хIаракат бахъана КIудияб ВатIанияб рагъул ва хадусел соназда. Киназдаго лъала гьеб заманалда газеталъул масъалаби тIуразарулеб аслияб мугъ чIвалеб хIубилъ
Back to Top