Магомед Ахмедов I Чи гьечIеб авлахъалда I Стихи на аварском языке
Чи гьечIеб авлахъалда
Бахъараб ахIи гIадин,
ХIасратаб кочIол гьаракь
Ракьалда хутIун буго.
ТIекълъиялъул тIармида
РитIукълъиялъул чIчIваби,
Бидулал бакънал рачун,
Рахчун руго, нич тIагIун.
Балъголъилъун лъугьине
Угьарал дир мухъазулъ.
Нахъаги -- ВатIан буго,
Цебеги -- ВатIан буго.
Магомед Ахмедов. Читает Муса Абдурахманов