ПАТИМАТ АЛИЕВА - ЧИТАЙ КАРАН (New Nasheed 2022)

DAG PRODUCTION - ПЛАТФОРМА ДЛЯ ТВОРЧЕСКИХ ЛЮДЕЙ Ц1але Къуръан, ц1але Къуръан! Х1арам- х1алал бат1а гьабун, Г1умру т1амизе малъулеб, Халикъасул калам хъвараб, Ц1але Къуръан ц1але Къуръан. Жаббарасул амру-нагью, Жинда жаниб лъураб Китаб, Жагьилас г1адин теч1ого, Ц1але Къуръан ц1але Къуръан. Къасаваталъ ц1ураб керен, Ц1адудаса хвасарлъизе, Хазиналъун кьураб жавгьар, Ц1але Къуръан, ц1але Къуръан. Бац1ц1адаб дин- Ислам лъазе, Исламалъул рукнал лъазе, Берал г1одун,маг1у чвахун, Ц1але Къуръан ц1але Къуръан. Гьидаяталъул нух щвезе, Щибаб къоялъ кири хъвазе, Халилуллагь разилъизе, Ц1але Къуръан, ц1але Къуръан. Лах1туялъ къабул гьайизе, Къваридаб хоб г1ат1илъизе, Г1азаб дагьлъун Джаннат щвезе, Ц1але Къуръан, ц1але Къуръан. Къиямасеб къо бач1индал, Къудратасул кумек щвезе, Камил гьабун, дурус гьабун, Ц1але Къуръан, ц1але Къуръан. Т1агьаясул шафаг1атал, Щолелазулъ ц1ар бук1ине, Шарт1ал м
Back to Top